МагъчIваялъе рес

Талибаз инкар гьабизе бегьула кIалъа-басаяздаса


Афгъанистаналъул талибал улкаялъул хIукуматалъулгун кIалъа-басаязде гIагарисеб заманалда разилъичIого чIезе бегьулин, рикIкIунеб буго Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца.

Гьединаб лъазаби гьес гьабуна «КIудияб микьилаб»’алъул саммиталъул кулуаразда хамиз къоялда Япониялда. Обамал пикруялда, цIияв лидер вищун хадуб, талибаз халат бахъинабизе буго зулмуялъул стратегия.

Араб анкьалда Америкаялъул пилот гьечIого боржунеб аппараталъ щвезабураб кьвагьиялъул хIасилалда хварав мулла Ахтар Мансурил бакIалде, талибаз цевехъанлъун вищана радикалияв динияв хIаракатчи мулла Хайбатулла Ахунзада.

XS
SM
MD
LG