МагъчIваялъе рес

ЖамгIиял гIуцIабазул цолъиялдаса махIрум гьавуна Ш. Хадулаев


Гьал къоязда хисана Дагъистаналъул жамгIиял идарабазул цолъилъул бетIер. Хадулаев Шамилил бакIалда гьениве вищун вуго гIемерал саназ республикаялда батIи-батIиял тIадегIанал хъулухъазда хIалтIилев вукIарав Зикрула Ильясов.

Интернет-мухъ

Хадулаев ккола республикаялъул жамгIияб палатаялъулги, Афгъанистаналда рагъулел рукIаразул жамгIияб гIуцIиялъулги вакил, гьеб хъулухъалдеги гъоркьиса киназго гьаркьалги кьун вищунги вукIана гьев.

Исана апрелалда Шамилица лъазабуна Дагъистаналъул тIалъиялъул рахъалдасан жиндихъе ругьалаби рачIунел ругила жив гьел жамгIиял гIуцIабазул цолъиялъул бетIерлъиялдаса нахъе ине кколилан. Жив гьениса кивениги ине гьечIин лъазабун букIун буго доб мехалда Хадулаевас.

ТIалъиялъе гьев дандеккунгутIиялъе гIиллалъун Хадулаевас рикIкIунеб буго гьес республикаялъул жамгIиял цолъиязул данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъиялъе бадирчIваял гьарун рукIин. Хасго гьес исана сентябралда тIоритIизе ругел пачалихъияб думаялде рищиязда хурхун «Единая Россия» партиялъ гьарулел ругел хIаял какиялъ данде кколев гьечIила жив тIалъиялъейилан бицун букIана гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Гьелда тIадеги жив пачалихъияб думаялъул депутат Къурбанов Ризванил кумекчи вукIинги рекIее гIолеб гьечIила тIалъиялъе. Къурбанов Дагъистаналъул тIалъиялъе дандекколарев чи вугила. Жиндица жив гьесул кумекчи вукIин ва гьесул рахъалда вукIин киданиги бахчичIила.

Жиндир заманалда Афгъанистаналда рагъулел рукIаразе кумек къваригIараб мехалда цохIо гьес гурони нижехъ гIинго тIамун букIинчIила. Республикаялъул тIалъиялъе гьев дандеккечIогойин абун щайила жиндир гьесулгун квешал гьоркьолъаби рукIине кколелин абулеб букIана Хадулаевас.

Щиб гьабунги тIалъиялъе рекъезабун жив гьеб хъулухъалдаса нахъе инавичIого чIчIечIила республикаялъул ЖамгIияб Палатаялъул бетIер ХIамзат ХIамзатовилан бицана Хадулаевас «Эркенлъи» радиоялъе.

Хадулаев Шамиль: «Рищиязул цирк гьабуна сон гьениб. ЖамгIиял гIуцIабазул бетIер вищизе рес бугел гьелъул гIахьалчагIиги гьечIелги цере ккара-ккарал чагIиги данде гьарун базар гьабуна гьез гьениб. Кин гьабунги, щиб концерт бихьизабунги дун нахъе реххизе къваригIун букIана гьезие.

Щай дир бакIалда цойги чи вищулев вугевалиги бичIчIизабичIо, кинаб букIаниги гIиллаги рехсечIо. Гьеб киналдаса разигьечIел жамагIатчагIи кIалъазе рахъана нужеца гьаниб гъалмагъир гьабулеб бугин абун, амма гьезухъги гIинтIамулев чи ккечIо. Дица ХIамзатовасда абуна рищиязда жамгIиял идарабазул цолъиялъул гIахьалчагIаз гурони гьаркьал кьезе бегьуларин.

Гьез гурони кьезе гьечIин дидаги абун, гьенир рачIаралщиназул гьаркьалги рикIкIун вищана Зикрула. Гьаркьал кьезе рес бугев гьеб гIуцIиялъул 46 гурони гIахьалчиго гьечIо, гьанир гIахьаллъизе ахIун рукIана 76 чи. Гьедин ГIабдулатIиповас дун хъулухъалдаса вахъейилан буюри кьун букIиндал гьезие, гьес малъараб гьабунаха гьез киназго».

Шамилица абулеб буго цо рахъалъ кигIан лъикIила гьеб кинабго гьединиса ккараб халкъалда бихьизе бихьизе биччан тейила республикаялъул тIалъиялъ жамагIатчагIазде гьабулеб бугеб тIадецуйги, жамагIатчагIазул жидерго пикру гьечIолъиги.

ТIалъиялъе ккани кумек гьабизе, ккани критика гьабизе бажарулеб хIалалъ рукIине кколила жамагIатчагIи. Эркенаб пикру бугездаса гьезда гьоркьорги тIалъиялъул таргIал кколелчагIи цIикIкIун рукIин бичIчIулеб бугилан.

Хадулаевасул рахъалда ругел чанго жамагIатчагIаз гьеб данделъиялда лъазабун буго Зикрула Ильясов хисулевлъун тейин Шамилилан. Гьелда разилъизе кканила ХIамзатовги хутIаралги гурони гьеб иш цIакъ квешаб бакIалде бачIине букIанилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб Дагъистаналъул жамгIиял гIуцIабазул цолъиялъул гIахьалчи Шамилов МухIамадица.

Гьес абуна Хадулаев гьеб цолъиялъул бетIерхисулевлъун тун вукIинчIевани хIатта цойги батIияб гьединабго жамгIиял идараби данде гьарураб цолъиде гIуцIичIого тIубалароанилан. Хадулаев тIалъиялъе данде кколарев чи вукIаниги гьев гIадин жамгIияб хIалтIи гьабулев ва гьабун бажарулев чи Дагъистаналда гIемер гьечIила.

Гьесулги гIунгутIаби камуларила, амма гьеб хъулухъалдаса вахъизегIанасеб жо щибниги ккун букIинчIилан абулеб буго Шамиловас. ГьебгIаги тIалъиялъе бадибчIвай гьабизе бегьулареб демократияб пачалихъ кинабила букIунебилан.

Гьел церехун бицен гьабурал рищиял циндаго тIоритIиялъе гIилла щибин унголъун тIалъиялъ нужеде тIадецуй гьабурабищилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул нухмалъулев ХIамзат ХIамзатовасулгун ва Хадулаевасул бакIалде вищарав Зикрула Ильясовасулгун бухьен гьабизе хIалбихьана, амма гьезул цохIонигияв кодове щвечIо.

КIалъазе щварав жамгIияб палатаялъул бетIерхисулев Алюсет ГIазизхановасги жиндица гьеб ишалда хурхун кинаб букIаниги баян кьун бажаруларилан лъазабуна.

XS
SM
MD
LG