МагъчIваялъе рес

ГI. Даниялов - Дагъистаналъул тарихалда гвангъараб цIар


МагIарулазул бищунго машгьурав ва бажари бугев сиясатчилъун рикIкIунев ГIабдурахIман Данилов гIемерисезда профессионалияб рахъалдасан гурони лъаларин абизе бегьула.

Республикаялъул бетIер хIисабалда гьес Дагъистан цебетIеялъе, гIадамазул гIумру лъикIлъизабиялъе, росдал магIишатги, промышленностги тIадегIанаб даражаялде бахинабураб куцалъул, гьес дагъистаниял чачанал гIадин гочинаричIого рукIиналъе бахъараб хIаракаталъул хIакъалъулъ гIемер хъван буго.

Гьединго гьес радиоактивиял хутIелал Дагъистаналъул мугIрузда рукъизе течIолъиялъ гьев хъулухъалдаса нахъе вахъиги, мацIихъабаз гьесулги СССРалъул нухмалъиялъулгунги тIубан гьоркьолъаби хвезариялъулги «Эркенлъи» радиоялъ чанги бицун букIана. Исана гьев сиясатчи хваралдаса 35 сон бана.

Гьал къоязда хъвадарухъан ва жамгIияв хIаракатчи Садрудин Башировасул бажариялдалъун Даниялов ракIалде щвеялъул тадбирги тIобитIана Авар театралда. Гьенир гIахьаллъана Данияловасда цадахъ хIалтIарал, гьесул гьудулзаби, гIагарлъи. Гьенив кIалъазе вахъарав щивав чияс жинди-жиндир Данияловасул хIакъалъулъ бицунеб букIана. Цо-цоязе гьес эменлъи гьабун цIализе кумек гьабун, хIалтIи кьун, гIумрудул нухда ккезарун руго, цойгидазе кIудияв вацлъун вукIун гьезул гьабулеб ишалъулъ кумекалъе ватулев вукIун вуго кидаго. ХIакимчигIадин чIухIун, пахруго хьвадулеб гIамал букIинчIила гьесул киданиги. Бищун цеве унго-унгояв инсанлъун вукIанин гьевилан абулеб букIана кIалъазе рахъараз.

Амма бищунго цIакъ гъираялда гIадамал гIенеккун рукIанин абизе бегьула ГIабдурахIман Даниялов хъизаналъе ва гIагарлъиялъе кинав чи вукIаравали бицине цее яхъарай гьесул ясалъул яс Ума МухIамадовалъухъ.

Гьелъ бицунеб букIана жинир гIумруялъул бищунго лъикIал ракIалдещвеял кIудиявинсуда хурхарал ругилан. КигIан регIел гьечIев, хIалтIи гIемерав чи вукIаниги гьесда кидаго батулаанила жидее заманилан. Жиндир бищунго лъикIав гьудул вукIанин гьевилан ракIалде щвезабуна Ума МухIамадовалъ.

Ума МухIамадова: «КIудияв инсуда нижер щивасе бицине рагIиги батулаан, хIатта щибаб лъимералъе дандекколеб берзул балайцин букIунаан гьесул. Ниж гIажаиблъун рукIунаан гьададигIан хIалтIигIемерав, регIичIев чи вукIаниги нижее киндай досда заман батулебилан.

ГIажаибаб, цIакъ къанагIатаб гIамалалъул инсан вукIана гьев, гьесда щивав чиясул рекIелъе хасаб нух батизе лъалаан. Гьес дида гIемераб жо малъана, лъим ххазегицин гьес малъун букIана дида. Дун гьитIинаб мехалда нижее чвердезе жиндицаго азбаралъуб хIавузгицин гьабун букIана гьес.

КIудиявинсуе цIакъ бокьулаан тIабигIат, рес кканщинахъе чанаве, ччугIа кквезе унаан гьев. ЧчугIа кквезе дунги ячунаан кидаго. Гьеб кинабго цадахъ босун букIана тарбиякьей. Гьес цо бакIалда цереги чIчIезарун нужеца гьадин гьабизе ккола, додин гьабуни рекъон букIуна, гьаб бегьула доб бегьуларойилан абулароан.

Жеги киданиги нижеде семарав чи гуро кIудада. Малъарун живго чIалгIинабулеб гIамалги букIинчIо гьесул. Жиндирго хьвада-чIвадилдалъун, мисалалдалъун куцалаан гьес ниж кидаго.

Гьединго Умаца бицана жидер эбел-инсудасаги цIакъ ричIчIулаанила жал кIудияв инсуда. КIудададаса киданиги хIинкъизеги хIинкъулароанила, хIинкъизе гьесги гьарулароанилан.

60 соналъ нижедаса кIудияв вугониги жидер гIелбащадав гIадин вукIунаанила гьев кидаго. Жидер рекIелъ бугеб ахIвал-хIал гьесда тIадебалагьунго лъалаанилан бицана Умаца. Гьелъие мисалалъе гьадинаб лъугьа-бахъинги бачана.

Ума МухIамадова: «КIудияв инсул рокъоб букIана кIудияб сагIат. ЦIакъ кIудияб гьаракьги букIана гьелъул. СагIаталъ кьабулин (Часы бьют) абулеб рагIулеб букIинарищ гьитIинай дида. Дун цIакъ хIинкъулаан гьеб зама-заманалдаса цIумур гьабизе лъугьараб мехалда. Рокъой столалда гъоркь яги цойгидаб бакIалда яхчун чIчIолаан.

Лъиданиги бичIчIулеб букIинчIо дие щиб, сункьа дун хIинкъун йигеяли. ЦохIо кIудияв инсуда бичIчIана. Гьеб мехалда гьес гIодовеги виччан бичIчIизабуна дида сагIаталъ лъиданиги кьабуларин, дудаги квер хъвазе гьечIин, гьелъ кьабулеб жо бугин цохIо цIумур.

ГьедигIанги кIудиязулги гьитIиназулги психология лъалев чи вукIана гьев. Кинал тIахьал цIалани, щал фильмазухъ ралагьани лъикIаб букIинебалицин нижеда бицине заман батулаан гьесда.

Унго-унгого къвакIарав, кьварараб гIамал бугев чи сунцаниги реххуларилан абулеб букIана Умаца. Онкологиялъ унтун цIакъ захIматго вугев мехалдагицин хIаллъазабурав чи гурила ГIабдурахIман Данияловилан бицана гьелъ. Хвалил бусада вугев мехалдаги махсаро-хочIги течIила гьесилан.

Ума МухIамадова: «Дида рагIун букIана чи къуркьун хадув гурони херлъуларилан. Дир кIудиявэмер 72 сонги бан захIматго унтун вукIаниги херлъун вукIинчIин абизе кIола дида. Щай гурелъул гьесда унтуеги цойгидал захIмалъабазеги къуркьизе ракIалдацин букIинчIо. Гьев холев сордоялъ гIасиго унтун вукIана, гьесда букIараб кутакаб къо тIадебалагьунго бихьулеб букIана.

Гьесда цере рукIана дунги, дир эбелги, гьелъул гьалмагъги. Унтул кутакалъ кьижизе кIолеб букIинчIо гьесда. Нижеца дуе дагьаб бигьалъи букIине дару кьелищилан гьикъараб мехалда гьимулаго гьес абуна гьадигIан берцинай лъабго ясги аскIой тун кьижулев бихьинчи кинавила вукIуневилан. Гьедин жеги херлъичIого, къуркьичIого хвана нижер кIодоэмен».

XS
SM
MD
LG