МагъчIваялъе рес

Жалалдиновасул вацгIал рокъове виччан вуго


11 маялда низам цIунулез ккун вукIарав Рамазан Джалалдиновасул вацгIал СеидмухIамад Насибов виччан вугин абурал баянал кьолел руго гьесул гIагарлъиялъ. Живго Джалалдиновас гьелда бан баян гьабулеб буго Насибов эркен гьави тIалаб гьабулеб букIанин жинца маслигIат гьабизе бокьараздаса. Чачан республикаялъул тIалъиялъ маслигIаталде рачIине бокьун тIамураб гали батизе рес бугин гьеб.

Жалалдиновасул вацгIал рокъове виччан вуго
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:33 0:00
Интернет-мухъ

СаидмухIамад Насибов Шарой мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялдаса виччан вукIин лъана 22 маялъул радал. Гьесул гIагараз баян гьабухъе, гьев рокъове щвезавун вуго чанго цIурдул чIегIер гьарурал автомашинабазда рекIарал чагIаз. Насибов ккун хадув, гьесул рукъзабахъ чIухь бан, пасат гьабун букIанин рукъ-къайи, амма гьес чIваниги жинца наркотикал цIунун рукIанин абураб жо тIаде босиларин лъазабун бугин бицана гьелда бан Насибовасул вацгIал Рамазан Джалалдиновас.

Гьев кквеялъе гIиллаги кканила, Кенхи росулъе Рамзан Къадиров вачIараб заманалда, гьес цеве лъугьун, жинца видео-кIалъаялда бицунелдаса цIикIкIун росдал унтаби къватIир чIвазари. Гьесдаса хадуб нахъияб къоялъ, СеидмухIамад чанго автомашина бачIун вачун ун вугила. Гьев вачун унаго, гьев Къадировасухъе вачун унев вугин лъазабун бугилан баян гьабуна Рамазан Джалалдиновас «Эркенлъи» радиоялъе.

Рамазан Джалалдинов: «Рамзан Къадиров вачIарав мехалъги, гьесда цебе бугебщинаб, дица бицинчIецин хабар бицун буго гьес. Гьев вихьизавулевги вуго видеоялда, амма кIалъай бахъун гьечIо. Гьебго къоялъ гьесда абун буго полициялъулаз мун «вылечить» гьавизе вугилан. Гьебго къоялъ ккун ва виччанги вукIун вуго. Цинги нахъияб къоялъ радал рачIун, гьез гьев вачун ун вуго. Цо Шарой мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялдаса полициялъулавги хутIарал чIегIераб ретIел ретIарал чагIиги рукIун руго. Цинги гьез абун буго гьав вугин Къадировасухъе вачунев чи».

Хадубккун, живгун гара-чIваризе хIажалъун хадур лъугьун рукIараздаса жинца тIалаб гьабун букIанила, жив хIадур вугин гара-чIвариял гьаризе, гьев ккурав васги виччанани, росдал гIадамалги жалго танани. 22 маялъ радал жиндихъе кIалъан вачIанила МухIамад ГIаличулав, жинца дур мурад тIубанилан абунин баян гьабуна Джалалдиновас.

Рамазан Джалалдинов: «Дунгун гара-чIвари гьабизейин хадур лъугьарал ШихсагIидовасдаги, МухIамад ГIаличулавасдаги дица абуна, дун къачIарав вугин гара-чIваризеги, маслигIаталдеги, дов вас нахъе виччанани. Дица абуна минаги кIваричIин, халкъги жибго тун гьев вас эркен гьаби бугин дир мурад. Гьез маслигIат гьабизе гIодор чIезе ругин абулеб букIана. Цинги сон радал ахIун бачIана дихъе ГIаличулавас, дур мурад жинца тIубанилан. Гьелдаса хадуб, росулъе ахIана дица, гьезги бицана чанго машина бачIун щвезавунин гьев. Гьесул эбелалда тIаса лугьайиланги гьарун буго».

ГьабсагIаталда росулъ парахалъи бугин абулеб бугила, амма росулъе унев гьениса гурев батIияв чиясда хадуб хал кколеб бугин абулеб бугила росуцоязин баян гьабуна Джалалдиновас.

Гьединго гьес бицана, Насибов эркен гьави жидеца тIалаб гьабунин кIалъан вачIанила Дагъистаналъул Миллияб политикаялъул министр хисулев Гъарун Давудов. Гьес тIалаб гьабулеб бугила прессаялда гьеб Дагъистаналъул министерлъиялъул иш гIадин лъазабизе.

Рамазан Джалалдинов: «КIиабилев кIалъан вачIарав чи ккана Гъарун Давудов, жинца тIубазабураб бугила дур мурад, гьев жив сабаблъун эркен гьавурав вугин абуна. Жакъа гьес нахъеги ахIун бачIана, гьеб жинца гьабураб иш бугин, «Черновикалда» гьедин хъвайин тIалаб гьабун. Лъица гьабурабали Аллагьасда лъала».

Амма Чачан республикаялъул тIалъиялъе бокьичIого СеидмухIамад эркен гьавлев вукIинчIолъи бичIчIулила жиндайин тIаде жубана Рамазаница

Джалалдиновас баян гьабухъе, гьев хIадур вуго гIара-чIвариязде, амма жинца тIаса лъугьаян лъидаго гьаризе гьечIила.

XS
SM
MD
LG