МагъчIваялъе рес

Стамбулалда рагьараб саммиталда гьоркьоб лъолел руго жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул проблемаби


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул генералияв секретарь Пан Ги Муница ТIолабго дунялалъул гуманитариял суалазда сверун саммиталъул гIахьалчагIи ахIана улкабазда жанир жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул къадар 2030 соналда кIиго нухалъ дагьлъизабиялъул масъала жидедего тIаде босиялде. Гьесулго рагIабазда, гьеб тадбиралъул мурад ккола дунялалъул цIияб букIинесеб гIуцIи.

Итни къоялда Стамбулалда рагьараб гуманитарияб саммиталда гIахьаллъулев вуго 60 улкаялъул лидер. Гьеб форумалъул аслияб тема хурхараб буго конфликтазулги тIабигIиял балагьазулги хIасилалда зарал ккарал гIадамазе кумек гьабиялда.

XS
SM
MD
LG