МагъчIваялъе рес

Чайкаца цIидаса кквезе бегьула Россиялъул генералияв прокурорасул хъулухъ


Россиялъул президент Владимир Путиница Федерациялъул Мажлисалда цебе лъуна Россиялъул генералияв прокурорасул хъулухъалде Юрий Чайкал кандидатуара. Гьелъул хIакъалъулъ тIасияб палатаялъул комитеталъул бетIер Адрей Клишасида базабун, лъазабуна «Интерфакс» агентлъиялъ.

2006 соналдаса гьеб хъулухъалда вугев Юрий Чайкал щуго соналъул болжал рагIалде бахъунеб буго июналда.

Исана Россиялъул генералияв прокурор Юрий Чайкада хурхун информалатазда багъарун букIана кIудияб ахIи-хIур. Коррупциялде данде къеркьеялъул фондалъул цIех-рехалда хадуб, гьесде ва гьесул хъизаналде гIунтIизарулел руго кIуди-кIудиял коррупциялъулал ва гIуцIарал такъсирияб къокъаялде хурхен букIиналъул гIайибал. Чайкаца киналго гIайибал нахъ чIвалел руго, гьеб фондалъул цIех-рехалъул хIасилал гьересиял ругинги абун.

XS
SM
MD
LG