МагъчIваялъе рес

Таджикистаналъул референдумалъ президентасул ресал дагьалъги гIатIилъизаруна


Таджикистаналъул референдумалъул хIасилазда рекъон, халкъалъ тасдикъ гьарун руго Эмомали РахIмон президентасул хъулухъалда вукIиналъул болжалазул гIорхъаби нахъе рахъиялда хурхарал Конституциялда хиса-басиял.

Гьеб гуребги, дагьлъизабун буго президентасул хъулухъалде лъугьине рес кьолеб гIелалъул гIорхъабиги. Ай 35 соналдаса гьеб дагьлъизабун буго 30 соналде. Экспертазул пикруялда, гьелъ РахIмонил васасе нух рагьизе буго 2020 соналда президентасул хъулухъалде жиндирго кандидатура лъезе.

Таджикистаналъул Централияб рищиязул комиссиялъул бетIер Бахтиер Худоерзодаца лъазабухъе, 22 маялда улкаялда тIобитIараб реферемдумалда лъун букIана 40 гIанаб хиса-басиялда хурхараб суал. Гьездаго гъорлъ улкаялда динияб яги миллатчилъиялъул хасияталъул партияби гIуцIизе гьукъиялда хурхарал.

Эмомали РахIмон Таджикистаналъул президентасул хъулухъалда вуго I994 соналдаса. 2003 соналдаги республикаялда тIобитIун букIана референдум. Гьелъул хIасилалда президентлъиялъул болжал щуго сонидаса борхизабун букIана 7 сониде.

XS
SM
MD
LG