МагъчIваялъе рес

Гуржиялъулгун Абхазиялъул гIорхъода хIалуцин лъугьана


Гуржиялъулгун Абхазиялъул гIорхъода бугеб Хурча росулъ рещтIен гьабуна Гуржиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул къокъаялъ.

Гьелъие гIиллалъун ккун буго араб хамиз къоялъ гьениб ккараб хIужа. Гьенисан гIорхъи бахунаго ралагьун гIадамалги тун Абхазиялъул гIорхъаби цIунулев Рашид Канджи Огълица чIвана Гигу Отхозория абулев гуржияв. Гуржиязул низам цIунулез гьев цIех-рехалде кьун вуго.

Журналистазе гьесул цIар тасдикъ гьабуна Гуржиялъул Пачалихъияб хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул Хъулухъалъул бетIер хисулев Леван Изорияца.

Гьеб чIвай-хъвей ккеялъул гIайиб Россиялде гьабулеб буго Гуржиялъ.

XS
SM
MD
LG