МагъчIваялъе рес

Сириялде CШАялъул генераласул балъгояб сапар


21 маялда балъгояб сапаргун Сириялде щвана СШАялъул генерал Джозеф Вотел. Гьесул сапаралъул мурад ккола Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб гIуцIиялда данде рагъизе гIуцIулеб бугеб гIарабазул курдазул ва цогидазул коалициялъулгун лъай-хъвай гьаби. Вотел вачIун вукIана Сириялъул шималияб рахъалда бугеб аэродромалде ва гьес 11 сагIат бана гьеб улкаялда. Цадахъго рукIана журналисталги.

XS
SM
MD
LG