МагъчIваялъе рес

Египеталъул лайнералъул хутIелал ралъдалъ ратун руго  


Парижалдаса Каиралде унаго тIагIарабин рикIкIараб аэропланалъул (Airbus A320) хутIелалги, чиясул бащдаб жаназаги, аэропланалдаса бортараб къайиги батун буго Дунялалда гьоркьосеб ралъдалъ.

Гьедин лъазабуна Грециялъул хIукуматалъ. Экспертаз гьарурал цереккунисел цIех-рехаздасан лъалеб буго диспетчеразулгун бухьен тIагIиналде чанго лахIзаталъ цебе лайнералъул хIажатханаялъуб кIкIуй бахъун букIараблъи.

XS
SM
MD
LG