МагъчIваялъе рес

Терроризмалъе биччалеб гIарцуе нухал къазе руго


21 маялда Япониялъул Акиу шагьаралда данделъарал "КIудияб Анкьилалда" гъорлъе унел улкабаздаса финансазул министраз хIукму гьабуна терроризмалъе биччалеб гIарцуе нухал къазе.

ТIасияб анкьида букIине буго гьел улкабазул саммит. Гьениб чIванкъотIун бихьизабизе буго кинаб къагIидаялда радикалиял исламистазе гIарац бачIунеб бакI къотIинабилебали.

Крымалъе аннексия гьабун хадуб Россия гьеб "Анкьилалда" гъорлъ гьечIо.

XS
SM
MD
LG