МагъчIваялъе рес

"Азов" - Донбассалда рищиял тIоритIиялда данде


20 маялда Киевалда «Азов» абураб полкалъгун багъа-бачариялъ кIиго сагIаталъ халатбахъараб марш тIобитIана ТIадегIанаб Радаялда цебе.

Украинаялъул байрахъалги рукIана гьезда кодор, файералги рукIана рухIулел. Гьедин Конституциялъул Майдан кIкIуйдулъ босун букIана гIезегIан мехалъ.

Киевалъ Россиялъулгун гIорхъода тIад кверщел цIи гьабизегIан ва изну гьечIого яргъид гIуцIарал къуватал гьеб яргъидаса махIрум гьаризегIан Донбассалда рищиял тIоритIизе риччагеян абураб тIалаб цебе лъолеб букIана гьез.

ОБСЕялъ лъазабуна рищиял тIоритIун рахъинегIан сепаратистаз кверщел гьабулел Донбассалъул мухъазде полициялъул хасал къокъаби ритIизе рес букIиналъулги.

Цебеккун Украинаялъул президент Пётр Порошенкоца абун букIана исана сон ахиралде щвезегIан Донецк ва Луганск мухъазда рищиял тIоритIунгутIизеги рес бугила.

XS
SM
MD
LG