МагъчIваялъе рес

Россиялъе санкциял рукIахъего толел руго


КъватIисеб политикаялъул рахъалъ Евроцолъиялъул ТIадегIанай вакил Федерика Могеринил рагIабазда рекъон, июлалда халатрахъинаризе руго Россиялъе лъурал санкциял.

Евроцолъиялда гъорлъе унел улкабазул бутIрузул пикруялда рекъон, гьел санкциял нахъе рахъизе рагIула Россиялъ Минскалъул къотIи-къаял рагIа-ракьанде щун тIуразарураб мехалда. Гьелъул магIна ккола Украинаялда рагъулел сепаратистазул рахъ кквезе кколарин Россиялъ, гIаксалда, гьениб ахIвал-хIал гIодоциналъе квербакъи гьабизе кколин абураб.

XS
SM
MD
LG