МагъчIваялъе рес

Украинаялъ инкар гьабулеб буго коммунистаз лъурал цIараздаса


Коммунистазул заман ракIалде щвезабулел гIаламатаздаса инкар гьабизелъун, Украинаялъул ТIадегIанаб Радаялъ хIукму гьабуна цо-цо шагьаразда цIарал хисизе. Масала, Днепропетровскалда цIар лъуна Днепр абун, Днепродзержинское гьанже ккола Каменское (1936 соналде щвезегIан гьелда букIараб цIар ккола гьеб).

ТIадегIанаб Радаялда ракIалда буго гьединго Донбассалда росабаздагун шагьаразда 74 ва Россиялъ аннексия гьабураб Крымалда 75 батIияб цIар хисизе.

XS
SM
MD
LG