МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда гIодоб речIчIана Азербайжаналъул аэроплан


Афгъанистаналда, рагъулаб аэродромалдаса гьаваялде бахъунаго, гIодоб речIчIана къайи баччулеб Азербайжаналъул аэроплан.

Гьенив жанив вукIарав ичIгоясул кIигояв чIаго хутIун вуго. Гьел Кандагаралъул азарханаялда руго.

Гьеб хIужаялъе гIиллалъун ккун буго чIарбида хъван аэропланалъул цояб кваркьи жагъаллъун букIин.

Гьелда жанир рукIарал гIадамазул щугоял рукIун руго Азербайжаналъул гражданал, лъабгоял – Украинаялъул, цо чи – Узбекистаналъул.

XS
SM
MD
LG