МагъчIваялъе рес

ЦIех-рехалъул комитет: Ростовалъул школлъималаз Гитлер кIодо гьавулев вукIун гьечIо


Исана 22 апрелалда прессаялда баккун букIана Ростовалъул школлъималаз Гитлер гьавураб къо кIодо гьабунилан абураб макъала.

Гьезда гьоркьоса цо васас интернеталда лъун букIанин нацистаз гIадин каранда кверал лъураб суратгиян хъвалеб букIана гьениб.

ГьанжегIагар ЦIех-рехалъул комитеталъ лъазабуна хIакъикъаталда гьеб букIун бугин «Бакъ киб бугебали бихьизабе» ян абураб хIай. Командаялда гьоркьоса цояс ахIизе кколин бакъ киб бугебали бихьизабейин, цинги ахиралдалъагIан гьеб бихьизабичIев чи къолин.

XS
SM
MD
LG