МагъчIваялъе рес

Полиция: Барвихаялда тIатинчIо къанун хвезабураб хIужа


Москваялда гIагарлъухъ бугеб Барвихаялда рищиял тIаде щвелалдего гIадамазул тIубарал къокъабаз гьаркьал кьолел ругилан ахIиги бахъун, Россиялъул рищиязул централияб комиссиялъ хIукму гьабун букIана гьенир рищиял нахърахъизе.

Единая Россия партиялъул кандидатас гIумру гьабулеб минаялъуса гIадамаз гьарулел ругин гьединал жалилан гIарз бахъун букIана оппозициялъул вакилзабаз рищиязул комиссиялде.

Амма гьанжегIагар полициялъ лъазабуна къанун хвезабиялъе нугIлъи гьабулеб хIужа тIатинчIин гьениб. Цереккун гьаркьал кьурал чагIи киналго Россиялъул гражданал кколин. Гьелде щвелалде рищиязул комиссиялъул нухмалъулей Элла Панфилова мукIурлъун йикIана къануналъ ругел гIунгутIабаз рес кьолеб бугин рищиязда цебе минабазухъ кигIан бокьаниги гIадамазул хъвай-хъвагIай гьабизе.

XS
SM
MD
LG