МагъчIваялъе рес

Террористияб къокъаялъ анцI-анцI чиясул бетIер къотIун буго Ливиялъул Сирт шагьаралда


Human Rights Watch абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул лъазабиялда рекъон, Ливиялъул Сирт шагьаралда Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» абураб терррористияб гIуцIиялъ чIван вуго анцI-анцI чи.

Гьеб гIуцIиялъул хIисабалда, аслияб къагIидаялда гьезул бутIрул къотIун руго. Гьезде гIунтIизабун буго диналъул адаб гьабунгутIиялъул, пал тIамиялъул ва шпионажалъул гIайибал.

Инсанасул ихтиярал цIунулез тIадеги лъазабухъе, «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул хIаракатчилъиялъе гIоло 2015 соналъул февралалдаса рес гьечIо шагьаралде кванил сурсатал, цIатари, дараби щвезаризе.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIи гьединаб пикруялде бачIун буго шагьаралдаса лъутизе щварал гIадамазул гьикъи-бакъи гьабун.

«Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ Сирт шагьар жиндирго контролалде гъоркье босана сон цебеккун.

XS
SM
MD
LG