МагъчIваялъе рес

Венаялда гьоркьоб лъуна Сириялъул суал


Венаялда тIобитIана Сириялда лъугьараб ахIвал-хIал гIодобиччазабизелъун гIуцIараб Халкъазда гьоркьосеб къокъаялъул данделъи.

Цебесеб къоялъ, итниялъ, гьебго суалалда бан Сириялъул оппозициялъул цо-цо церехъабазулгун кIалъа-басаял гьаруна Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасги СШАялъул пачалихъияв секретарь Джона Керрицаги.

Керрица, цебего гIадин, гьанжеги тIадчIей гьабулеб буго Асад хъулухъалдаса гIодов чIезе ккеялда. Амма Россиялъ рахъкколев Асадида ракIалда гьечIо нахъе ине.

Амма кин букIаниги, гьадаб Венаялда данделъи тIобитIилалде цебе ФРГялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул бетIер Вальтер Штайнмайерица лъазабун букIана Сириялда заманаялъ хIукумат гIуцIиялъул суал дандбазе бугилан. Гьединго Алеппоялде гуманитарияб кумек щвезаби кин лъикIлъизабилелали ургъизе ругила.

Гьебго заманалда бакъбаккул рахъалъул информалатаз лъазабуна Сириялъул армиялъ кьаби щвезабунин Телль-Савван абулеб борхалъиялда чIарал къуватазда (Хомсалдаса 120 километраялъ рикIкIадаб бакI ккола гьеб).

XS
SM
MD
LG