МагъчIваялъе рес

Анапаялда казаказ рухана Навальныйги гьесул гьалмагъзабиги


Navalny Anapa
Navalny Anapa

17 маялда Анапаялда казаказул 30 чияс блогер Алексей Навальныясдаги ришватчилъиялда данде къеркьезелъун гьес гIуцIараб фондалъул хIаракатчагIаздаги тIаде кIанцIи гьабуна.

Навальныясул пресс-секретарь Кира Ярмышил рагIабазда рекъон, цин гьез гьезда тIаде рахь чвалхун буго, хадур ахIдон руго ракь тейин жидер гьаниса, Кубаналдаса.

Гьединго фондалъул вакил, "Дождь" телеканалалъул хIалтIухъан Артем Торчинский вегизавун чIарбидагун, гьесда малал разе лъугьун руго. Цо кьабураб жо къунщбузда щун буго.

Навальныяс абухъе, казаказ гьебщинаб жо гьабулелъул тIаде ралагьун полициялъулалги рукIун руго.

Транспорталъул полициялъ тасдикъ гьабулеб буго казаказ Навальныйги гьесулгун ишцадахъалги рухи. Амма гьел рукIанин рейсалъухъ балагьун чIарал казакалин абулеб буго полициялъулаз.

XS
SM
MD
LG