МагъчIваялъе рес

Джамала: «Евровидениялда дие щвараб бергьенлъиялъулъ политика гьечIо»


Евровидениялда «1944» абураб кечI ахIун жиндие щвараб бергьенлъиялда гъорлъ политикаялъул магIна гьечIин, гьеб кколин гIицIго кочIое бугеб гьунаралъе щвараб бергьенлъиян абуна Украинаялъул кочIохъан Джамалаца 17 маялда букIараб пресс-конференциялда.

Политика гъорлъ букIиналъ Евровидениялъул жюриялъ Джамалае гьеб кечI ахIизе гьукъизе кколаанин хъвадарана интернеталдасан Россиялъул официалиял вакилзаби.

32 сон барай Украинаялъул кочIохъан Джамала 15 маялда бергьана гьеб конкурсалда. Гьелъ гьениб ахIараб «I944» абураб кочIолъ бицунеб буго Дунялалъул КIиабилеб рагъул заманалда СССРалъ татаразе гьабураб депортациялъул.

Цебеккун Джамалаца абун букIана гьеб кочIол цойги магIна бугин 2014 соналда Россиялъ Крымалъе гьабураб аннексия каки, гьединго Крымалъул татаразе гьарулел репрессиязе квешаб къимат кьей.

XS
SM
MD
LG