МагъчIваялъе рес

FlyDubai авиакомпаниялда тIасан гIарз бахъана


Исана 19 марталда Ростовалда рещтIунаго гIодоб речIчIараб «Боингалда» хварал гIадамазул гIагарлъиялъ Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталде гIарза хъвана FlyDubai авиакомпаниялда тIасан.

ТАСС агентлъиялъ лъазабухъе, гIадамазе ккараб къварилъи бецIизелъун кьолеб гIарац щванин абураб документалда гъоркь гъулбасине тIамулел руго гьел авиакомпаниялъ.

Итни къоялъ хасаб комиссиялъ чIезабуна гьеб «Боинг» сундалъун гIодоб речIчIарабалиги – рещтIине кIиабилеб хIалбихьи гьабулаго, гъалатI биччан буго пилотас.

Гьелдалъун гIумруялдаса ватIалъана 62 чи.

XS
SM
MD
LG