МагъчIваялъе рес

Рагъ-муч ккараб Москваялъул хабзалазул директор туснахъ гьавуна


Москваялъул Хованский абулеб хабзалалъул директорлъун вукIарав Юрий Чабуев туснахъ гьавуна. «Интерфаксалъ» лъазабухъе, Пресненский диваналъ хал гьабизе буго кигIан мехалъ гьев туснахъ гьавилевали. Гьединго дандбазе 14 маялда хабзалалъ ккараб тунка-гIусиялдаса хадув ккурав 14 чиясул суалалъулги.

14 маялда 200 чи гIахьаллъараб рагъ-муч ккана гьеб хабзалалъ. Цоцалъ рагъарал гIечIого, кьвагьдезеги кьвагьдана гьел. Гьедин гIумруялдаса ватIалъана лъабго чи, къоло хадув чи азарханаялда вегизавуна. Полициялъ ккуна 112 чи, гьезда гьоркьов вуго полициялъул сержантгицин. ГьабсагIаталда хъулухъалдаса нахъе рехун вуго гьев. Гьединго ккуразда гъорлъа 40 чийин абуни, миграциялъул тартиб хвезабиялъ, Россиялдаса нахъе витIизе рес буго.

Гьеб кинабго рагъ-муч ккун буго хабзал жидерго халкквеялда гъоркье босизе къваригIиналъ. Гьенир рехсолел руго тажикалгун узбекал ва дагъистаниялгун чачанал.

XS
SM
MD
LG