МагъчIваялъе рес

Хованское хабзалалъ лъабго чи чIвана


Москваялъул Хованское абулеб хабздазда букIараб тунка-гIуссиялъул хIасилалда ккурав 40 чи Россиялдаса къватIивехун инавизе рес буго гьез миграционияб низам хвезабун букIиналъ.

ГIаммаб къадаралда 112 чи ккун вуго. Гьадин лъазабуна РИА "Новости" агентлъиялъ гIадоу-низам цIунулезул баяналда мугъ чIвай гьабун.

Жанисел Ишазул министерлъиялъул бихьизабиялда рекъон 14 маялда гьениб багъарараб кьалда 200-гIан чи гIахьаллъана. Цо рахъалъан Централияб Азиялдаса рачIерал гIадамал, цогидаб рахъалъ – Шималияб Кавказалъул вакилзаби.

Гьеб тунка-гIуссиялъул хIасилалда лъабго чи чIван вуго, 20-гIанасев азарханаялда вегизавун вуго.

XS
SM
MD
LG