МагъчIваялъе рес

Сириялъул Дайр-эз-Зауралда кьал


ДАГIШ абулеб экстремистикияб къукъаялъул рагъухъабаз цо чанго сагIаталъ ккун букIана Сириялъул Дайр-эз-Заур шагьаралъул азархана. Гъоркьлъалие восун вукIана цо чанго медицинияв хIалтIухъан.

Британиялда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулеб централъул баяналда рекъон багъарараб кьалда хIукуматалъул 35 аскарияв ва ДАГIШалъул 20 рагъухъан чIвана. ХIукуматалъул аскариязда кIвана азархана жиндир контролалде гъоркье босизе.

XS
SM
MD
LG