МагъчIваялъе рес

«Исламияб пачалихъалъул» иргадулаб гьужум


Ira
Ira

ГIемерал улкабазда гьукъараб ва террористикияблъун рикIкIунеб «Исламияб пачалихъ» абулеб гIуцIиялъул рагъухъабаз суицидалияб гьужум гьабуна Багъдадалда аскIоб бугеб газил заводалде. Гьелъул хIасилалда 14 чи чIван, ва къогогIан чи лъукъун вуго.

ГIиракъалъул тIалъиялъул баяналда рекъон кьвагьулел алаталгун жидеда рачлица къан гьел экстремистал хъаравулчагIазде кIанцIана. ГIиракъалъул гьавадул къуватазул аэропланазул кумекалдалъун гьел чIван руго.

XS
SM
MD
LG