МагъчIваялъе рес

Евровидениялъул къецалда Украиналдаса кочIохъан бергьана


Украиналъул кочIохъан 32 сон барай Джамала бергьана Стокгольмалда тIобитIараб «Евровидение-2016» абулеб халкъаздагьоркьосеб къецалда. Гьелъ гьениб ахIана «1944» абулеб кечI Крым татаразул депортациялъулъ хIакъалъулъ.

Украиналъул президент Петр Порошенкоца абуна, гьеб бугин панаяб кечIилан.

Евровидениялъул низамалда рекъон 2017 соналъул къец – Украиналда букIине ккола.

КIиабилеб бакI ккуна Австралиялдаса Дэми Имица, лъабабилеб бакI щвана Россиялъул кочIохъан Сергей Лазаревасе.

XS
SM
MD
LG