МагъчIваялъе рес

«ХIизбаллагь» Сириялъул къеркьохъаназда гIайиб чIвана


«ХIизбаллагь» къукъаялъул тIалъи. Бейрут, 2016 соналъул 15 май.
«ХIизбаллагь» къукъаялъул тIалъи. Бейрут, 2016 соналъул 15 май.

Ливаналъул шиитазул «ХIизбаллагь» абулеб радикалияб къукъаялъ официалияб къагIидаялъ лъазабуна жиндир хасал хъулухъазул бетIер МустIапа Бадруддин Сириялъул къеркьохъаназ чIванин Дамаскалъул сверухълиялде гIарада бан.

Дагьалъ цебе гьеб къукъаялъул рахъ ккураз МустIапа Бадруддин чIваялъул гIайиб ГIизраилалде гIунтIизабун букIана. Гьезул хIисабалда Сириялъул къеркьохъаназ «сионистазул низамалъул» буюриял тIуразарулел руго.

XS
SM
MD
LG