МагъчIваялъе рес

"ХъахIалда хъахIабин, чIегIералда – чIегIерабин абизе заман щун буго"


Рамазан Жалалдинов
Рамазан Жалалдинов
Интернет-мухъ

Кенхи росулъа Рамазан Жалалдиновасул хъизам 13 маялъул рогьалида Дагъистаналъул гIорхъотIе рехун руго, хIал гьабун Чачан республикаялдаса нахъе ритIун. Жалалдиновасул суалалда бан Дагъистаналъул ва Чачан республикаялъул бутIрузда гьоркьоб гара-чIвари букIун буго.

Дагъистаналъул рахъалъ гьенибе ахIвал-хIал мухIкан гьабизе битIулеб буго делегация. ГIадатиял дагъистанияз абулеб буго жакъа хIажат бугин хъахIалда - хъахIабин, чIегIералда - чIегIерабин абизе.

Чачан республикаялдаса къватIире ритIарал Жалалдиновасул хъизамалъ ва лъималаз 13 маялъул бакъанида «Черновик» газетаялъул минаялда бицана кин ва щибун гьел гьениса нахъе ритIаралали. ГьабсагIаталда жеги мухIканго лъалеб гьечIо гьезул букIинесеб. Дагъистанияз загьир гьабулеб буго гъира Жалалдиновасе кумак гьабизе ва гьел хадур лъугьиназдаса цIунизе.

14 маялда Дагъистаналъул тIалъиялъ лъазабуна Жалалдиновазул хъизамалда сверухъ ккаралда бан Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировгун телефоналдасан гара-чIвари букIанин. Чачан республикаялде, гьениб бугеб ахIвал хIалгун лъай-хъвай гьабизе битIулеб бугила делегация.

Гьебго заманалда Къадировас жиндирго Instagramалдаса лъазабуна, Жалалдиновас мина жинцаго бухIун, нахъе рачун ун ругин хъизам-лъимал ва гьесул мурад Европаялде гьеб ахIиги бахъинабун лъути бугилан. Дагъистаниязул Жалалдиновасда сверухъ кколелда бан батIи-батIиял руго пикраби. Амма аслияб къадаралъ социалиял гьиназда загьир гьабулеб буго пикру, гьеб делегациялъ Къадировасдулалда данде кколареб пикру загьир гьабиларин.

Зулму-захIматалда гъоркье ккарав, къварилъиялда вугев чи щив вугониги, батIалъи гьечIого, гьесие кумак гьабизе ккелин, жив хIадур вугин жиндил рокъор Жалалдиновасул хъизам къабул гьабизейин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе АхIмаднаби Ибрагьимовас. Чачаналъа тIурун рачIарал жалго чачаназеги кумак гьануила 90 соназ дагъистанияз.

АхIмаднаби Ибрагьимов: «БатIалъи гьечIо, магIарулал рукIа, даргиял рукIа, чачанал рукIа, гьел Жалалдиновазул хъизам. Гьезие кумак гьабизе ккола. Чачаназул рагъул заманаялъ нижеца къабул гьабун букIана чачаназул кIиго хъизам. Жакъа дун хIадур вуго гьеб хъизам къабул гьабизеги, щай гурелъул гьеб буго бусурбанчиясда тIадаб жо. Гьезие мина базе гIарцги бакIаризе ракIалда буго. Ракълилаб куцалда гьеб иш тIубалин Рамазан ХIажимурадовичасилан хьул буго».

Блогер Расул Къадиевасул пикруялда Жалалдиновазул къисматалдаса пайда босизе рес буго рокьукълъи бижизабулез. Калмыкиялда ккараб инциденталдаса хадуб гьеб республикаялъул гIорхъода чанги тунка-гIусиял кканила, гьаб нухалда иш дагьабги квешаб бакIалде бачIине рес бугила.

Расул Къадиев: «РичIчIуларел гIиллабазда жалго чачаназул минаби рухIулел заманалда дунги вуцIцIун чIун вукIана, амма гьаб нухалда ккараб жо руцIцIун чIезе бегьулеб гьечIо. Щайин абуни, гьабсагIат гьеб конфликт лъугIизабичIони, Калмыкиялда гIадин танани, гьеб интернеталда бугелдаса буссине рес буго миллатазда гьоркьосеб конфликталде. Хасго, гьабсагIаталда, рищиязда цебе, цо-цояз чачаназда данде игIлан борхизе рес буго, хасго рищиязда оппонентлъун довго Бувайсар Сайтиев вукIиналъги. Дагъистаналъул тIалъиялъин абуни, гьеб лъугIизабизе гьабулеб жо щибго гьечIо, гьабилиланги кколаро».

Жалалдиновас чанго нухалда рагьун информсурсатаздасан лъазабунин, жив чIвазе валагьулев вукIиналъул. Жалалдиновасул ккараб бугин мисал, аскIоб бугеб республикаялъул бетIер веццун, Дагъистаналъул какулезейин баян гьабуна ГIалимирзаева Зайнабица.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Гьес абулеб буго жиндие хIинкъаби кьолел ругин, хъизамги щвезабун буго Хасавюрталде. Дида кколаха Дагъистаналда киданиги гьединаб иш букIине рес гьечIин, щай гурелъул Дагъистаналъул бетIерас жинда тIаса щиб бугониги хъварасе гьединаб гIазаб захIмат кидаго кьеларин ккола дида ракIалде. Руго нилъел гьанир Чачан республикаялда лъикI бугин, гьениб гIадлу бугин бицунел, амма дие бокьиларо жакъа Жалалдиновасул хъизамалъе гьабулеб бугеб гIадинаб гIадлу. Жакъа дие рес буго бокьараб абизе».

ТIалъиялъ гьеб лъугьа-бахъиналда бан гьабураб жавабалъ бичIчIизабулеб бугин делегациялъ Къадировас загьир гьабуралдаса батIияб пикру загьир гьабизе рес гьечIолъийин абулеб буго Хасавюрталдаса Расулицаги. Къадировасул квешаб берзукье ккеялдаса хIинкъун ратиларин Дагъистаналъул полтикалин хьул бугин баян гьабуна гьес.

Тарихчи ХIажимурад Доногъоца «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна тIогьиса бахъун тIалъиялъ щиб бугониги гьабизе кколин, амма жакъа къоялда гIицIго блогерал ва социалиял гьиназда хъвадарулез борхулеб бугила гьеб тема, ахIи бан. Гьебго заманалда Пачалихъияб Думаялде ине къачIадулелги, Халкъияб мажлисалде ине къачIалелги щаялиго руцIцIун чIун ругила. Амма гIаксалда иш букIарабани, Чачаназул тIалъиялъ гьединаб иш жаваб гьабичIогон телароанила. Гьебго заманалда цониги федералияб каналалъ гьеб ихтиярал хвезариялъул цIарцин бахъулебги гьечIила.

Жалалдиновасул хъизамалъе кумак гьабизе хасаб коммитет гIуцIцIулеб бугин баян гьабулеб буго «Новое дело» газеталъе жамгIияв хIаракатчи Сулейман Уладиевас. Дагъистаналъул тIалъиялъ гьеб лъугьа-бахъиналъе кьварараб къимат кьезе ккелин, хъахIалда-хъахIабин, чIегIералда – чIегIерабин абизе заман щун бугин лъазабулеб буго жамгIияв хIаракатчияс.

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон, Жалалдиновасул хъизамалъе гIумру гьабизе бакI ва гьезул цIуна-къай чIезабизе тIаде босулеб буго МагIарулазул миллиябгун маданияб Автономиялъ.

XS
SM
MD
LG