МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъул Ракълил Шураялъ «ХIезб-и-Исламигун» маслигьат гьабизехъин буго


Афгъанистаналъул Ракълил Шураялъул лого
Афгъанистаналъул Ракълил Шураялъул лого

Афгъанистаналъул Ракълил ТIадегIанаб Шураялъ лъазабуна, жидеца «ХIезб-и-Ислами» (Исламияб Партия) абулеб радикалияб къукъагун маслигIаталъул аслиял суалал дандан ругин.

Абулеб буго къотIи-къай 15 маялда къабул гьабизехъин бугин.

Рехсараб партиялъул цевехъан Гульбеддин ХIекматияр рикIкIунев вуго вищун радикалияв авлахъалъул нусибетIерлъун. 2001 соналдаса байбихьун «ХIезб-и-Ислами» къукъаялъул рагъухъабаз цо чанго гьужум гьабун буго Америкалъул ва Афгъанистаналъул рагъулал хъулухъчагIазде. Гьелъул хIасилалда гIезегIанго гIадамал чIван руго.

XS
SM
MD
LG