МагъчIваялъе рес

Горавтотрансалъул кьили тIаса рехулеб буго маршрутчагIаз


МахIачхъалаялда халатрахъунел руго маршруткабазда хIалтIулезулги «Горавтотранс» абураб гIуцIиялдаги гьоркьор ругел ричIчIунгутIиял. ГIуцIиялда гъорлъа нахъе ине гъира загьир гьабулеб буго цо маршруталъул линиялъул хIалтIухъабаз.

Горавтотрансалъул кьили тIаса рехулеб буго маршрутчагIаз
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:05 0:00
Интернет-мухъ

МахIачхъалаялда 4-A маршруталда хIалтIулел маршрутчагIаз лъазабулеб буго гьанже лъагIан гьел гъорлъе унел рукIарал «Горавтотранс» гIуцIиялда гъорлъа нахъе рилълъине бокьун букIин.

Жалго жидедаго чIун, магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай гьабун хIалтIизе бокьун бугониги, МУПалъул хIалтIухъабаз квекIен гьабулеб бугила, хIинкъаби кьун ва нухда лазатбахъиял гьарунин баян гьабуна гьеб маршруталда хIалтIулезул цевехъан Салавтин Джамирзаевас.

Радалалдаса къалъизегIан маршруткаби чIолел бакIазде машинаби риччаларого квекIен гьабулила Горавтотрансалъул хIалтIухъабаз. Джамирзаевас баян гьабухъе, араб соналъул хаслихъе гьезул линиялда хIалтIулезул аслияб къадаралъ хъвай-хъвагIай гьабун буго магъалабазул идараялда, амма гьеб гьабуниги жидехъа путевкаялъухъилан гIарац тIалаб гьабулеб бугила.

Магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай бугездаса 3200 гъурущ, гьеб гьечIого ругезухъа 5700 гъурущ. Амма МУПалдасан жидее бугеб жо щибго гьечIила, гьеб гIарац щай кьезе кколебалеги бичIчIулеб гьечIин бицана Джамирзаевас «Эркенлъи» радиоялъе.

Салавтин Джамирзаев: «Цебеккун нижеца гьезие кьолаан 3100 гъурущ. Гьезие хIалтIулел рукIана ниж. Гьанже гьез багьа бахинабун буго 5700 гъурщиде. Нижеца гьезда цIехолеб буго, сундухъ гьеб гьезие кьезе кколеб нижеца, гьезухъа нижее щолеб мухь, стаж, шибгIаги жо нижее гьечIеб мехалда.Гьелда тIадеги, нижерго транспортги буго, хварабго нижецаго къачIазе кколеб.

Гьелда бан букIана Транспорталъул инспекциялда данделъи. Нижеда цебе лъуна шартI, Горавтотрансалда гъорлъа нахъе унел ратани нужерго батIаго гIуцIейин цолъи. Гьелъул хъвай-хъвагIайги гьебейин шагьаралъул администрациялда. Амма нижее нух гьукъулеб буго, хIалтIулъ квекIенал гьарулел руго».

Мэриялъ жамгIияб транспотралъе лъазабулеб аукционалда гIахьаллъизе хIажат бугин баян гьабуна гьес. ГьабсагIаталда хIалтIуде рахъине путевкаби кьолел гьечIила жидее, Горавтотрансгун къотIи цIи гьабичIогон кьеларилан абунин баян гьабуна Салавтиница

Жакъа къоялде гьеб линиялда хIалтIулел 60 чиясул Магъалабазул идараялда хъвай-хъвагIай гьабун бугила, амма гьездаги, МУПгун къотIи гьабизе гьабулеб буго ва гьединго гIарац тIалаб гьабулеб бугила путевкабазухъ.

Салавтин Джамирзаев: «Гьез къокъаби гьарун рачIун нух гьукъулеб буго машинаби чIараб бакIалдаса къватIибе, хIалтIухъаби хIинкъизарулел руго. Нижеца Предпринимателазул лицензия гьабун бугин абуниги, щибго хисуларо, гIицIго 5700 гъурщил бакIалда, 3200 кьейин абула. ХIал гьабунги жидеего хIалтIизаризе къваригIун буго ниж гьезие.

Щибаб къойил, радалалдаса къалъизегIан гьезул чагIи рачIун, машинаби чIарал бакIалдаса нухазде риччаларогон, нух къан квекIенал гьарула. Амма Горавтотрансалъул гIиицIго 10 гурого маршрутка гьениб гьечIо,гьелги жидерго чагIи руго гьезда хIалтIулел. Ниж ана профсоюзалдеги, ана юристазухъеги, амма ниж хIинкъизарун, хIал гьабунги Горавтотрансалда гъорлъе лъугьине къваригIун буго гьезие».

Цебеккун, Горавтотрансалда гъорлъа нахъе риллъана 19 мартшруталъул хIалтIухъаби, гьез МУПалъе кьолеб магъало тIаса индал дагь гьабуна рекIадухъ мухьги. Масала, МахIачхъалаялда рекIдухъ кьолеб мухь 17 гъурущ батани, 19 маршруталда гьеб буго 15 гъурущ.

Салавтиница тIаде жубана, киназегоги бокьун бугин Горавтотрансалъул кьили тIаса рехие, амма гьез хIинкъизарун чIезарулел ругила хIалтIухъаби.

Лъидаго бачIеб предпринимателазул ва шоферазул профсоюзалъул нухмалъулев ГIисалмухIамад Набиевас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна Горавтотрансалъе пачалихъалъ кьураб лицензия бугила 6500 гъурущ лъагIалие кьолеб, гьезин абуни, гьелъул копияби рахъун шоферазе ричун босулила гIицIго 1200 гъурущ щивасухъа лъагIалие.

Цин гьелда тIад 7 миллион гъурщиде щун хайир гьабулила гьеб гIуцIиялъ. Горавтотранс гIарац гьабизе Амировас гIуцIараб идара букIанила, амма гьев аниги система цIунун хутIун, жакъа гьенисан щолеб рагIдукь бугеб хайиралда тIад рагъулел ругила республикаялъул тIалъиги шагьаралъул администрацияги.

Набиевас гьединго бицана жакъа экономика рагIдукьа къватIибе бачиналъул бицунеб бугила, гьеб бицалъ течIого, гIумруялде бахъинабизе заман щун бугила тIалъиялъе, гьебго Горавтотрансалдаса квер бан.

XS
SM
MD
LG