МагъчIваялъе рес

"ХIизбуллагь" къукъаялъул бетIер чIвана Сириялда


Ливан. МустIапа Бадруддинил гIага-божарал гьесул сурат къададе чIвазабуна. 2016 соналъул 13 май.
Ливан. МустIапа Бадруддинил гIага-божарал гьесул сурат къададе чIвазабуна. 2016 соналъул 13 май.

Сириялда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда чIван вуго ХIизбуллагь абулеб Ливаналъул шиитазул къукъаялъул бетIер МустIапа Бадруддин. ТIокIаб мухIканлъи рагIулеб гьечIо гьеб хIужаялда хурхараб. Al-Mayadeen абулеб телеканалалъул баяналда рекъон МустIапа Бадруддин чIва вугин ГIизраилалъул авиациялъ гьабураб гьужумалъул хIасилалда. Жибго ГIизраилалъ гьелда тIасан баян гьабулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG