МагъчIваялъе рес

«Крым.Реалии» сайталде нухал рагьана


«Крым.Реалии» сайталде нухал Роскомнадзоралъ рагьана Россиялъ аннексия гьабураб Крымалда. Гьелда бан жиндирго разилъи загьирабуна гьеб сайталъул къукъаялъ.

Цого мехалъ Крымалда бугеб Радио Эркенаб Европа-Радио Эркенлъиялъул Украин хъулухъалъул бюроялъ лъазабуна жидеца цониги материял сайталдаса нахъе бахъун гьечIин. Ва жидеца нахъеги объективияб информация кьезехъин бугин гьениб бугеб ахIвал-хIалалъул.

XS
SM
MD
LG