Бахчисараялда полициялъ ккуна ункъго крым-татарав. Гьелда цебе гъозул рукъор низам цIунулез чIухь бан букIана. Россиялъ аннексия гьабураб Крымалъул прокурор Наталья Поклонскаялъ лъазабуна, гьел гIадамал "ХIизб ут-Тахрир" абулеб Россиялда гьукъараб гIуцIиялъул гIахьалчагIилъун рукIун ругин ва гьез конституциялде данде кколареб иш гьабулеб букIанин, гIадамазда гъорлъ жидерго пропаганда тIибитIизабулаго.