МагъчIваялъе рес

"Крым.Реалии" сайталде нухал къана Россиялъ


Радио Эркенлъи-Радио Эркенаб Европа корпорациялъул бетIерав редактор Ненад Пеичица абуна "Крым.Реалии" абулеб сайталде нухал къай – гьеб бугин агрессивияб иш ва гьеб кколин радиостанциялъе гьабулеб цензура, экстремизмалде данде жидеца къеркьей гьабулеб бугоян абураб багьана батун.

Рехсараб сайт буго Украин сервисалъул проект. Гьеб сайт рагьун букIана Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадусала. Хамиз къоялъ Россиялъул рахъалъан Крымалъул прокурор Наталья Поклонскаялъ лъазабуна, «Крым. Реалии» сайталде нухал къан ругин, прокуротуралъ гьабураб цIех-рехалъул хIасилалъул кьучIалдаилан.

XS
SM
MD
LG