МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда теракт. 60 чи чIван вуго


60-гоялдаса цIикIкIарав чи чIван вуго ГIиракъалъул тахшагьар Багъдадалда бугеб Садр-сити абулеб шиитаз яшав гьабулеб мухъалда бахъараб кутакаб кьвагьиялъул хIасилалда.

Прессалъ лъазабухъе кьвагьулел алатазул цIураб автомашина кьвагьана базаралде гIемерал гIадамал рачIараб мехалда. Полициялъ ва тохтурзабаз абулеб буго чIваразда гъорлъ гIемерал лъималги руччабиги ругин. Лъукъарал гIадамазулги хIал-хIукму лъикI гьечIин.

Гьеб такъсиралъул жавабчилъи тIад босун буго гIемерал улкабазда гьукъараб ва террористикияблъун рикIкIунеб «Исламияб Пачалихъ» абулеб гIуцIиялъ. Цебегоги гьеб гIуцIиялъ гIемерал гьужумал гьарун рукIана шиитаз гIумру гьабулел бакIазда.

XS
SM
MD
LG