МагъчIваялъе рес

Дагьаб батIияб байрамлъун лъугьунеб буго нилъее 9 май


Нилъ ичIабилеб маялъул байрамалда "Хвел гьечIеб полкалдеги" лъугьун, кодор умумузул сураталгун парадалде унаго нилъеда бихьулареб цойги дунял буго киса-кибего нилъгун. Гьеб дунялалъул масъала буго жидер къеркьей жеги лъугIун гьечIо абураб жо бичIчIизаби.

please wait

No media source currently available

0:00 0:05:05 0:00
Интернет-мухъ

ИчIабилеб майги советияб заманалда букIараб цохIо "роххеллъулгун пашманлъиялъул байрам" гуреб, дагьаб батIияб байрамлъун лъугьунеб нилъее.

Нилъее - дагъистаниязегун, чачаназе, ингушазегун кабардиязе, ай Шималияб Кавказалъего. Гьеб байрамалда цохIо транспаранталгун лозунгалги, спортивиял къецалгун кечI-бакъанги букIун батани цебехун, ахирал соназда цо рокьукъаб махI баккана. Байрмалъул кьерги хисана, гъорлъе ттеракталгун кIудиял терактал, хвелгун магIу жубана.

РакIалда 2002 абилеб соналъул ичIабилеб маялда Каспийск шагьаралда кьвагьараб парад. РакI гъанцIизабулел гьаркьал, чIварал, лъукъарал, майданалда рищулел гIадамал. Гьеб кIочараб кьвагьи такрарлъана гьебго ичIабилеб маялда 2004 абилеб соналъ Грозныялда.

ГIемерал гIадамазда цадахъ чIвана республикаялъул бетIер АхIмад Къадиров теракталъул хIасилалда. БакIалъул къватаз ва федералияб централъ цIоб гьечIеб рагъ лъазабуна рохьилазул дандечIеязда. Хасго вахIшияб къагIидаялъ гьел гъурана Чачан республикаялда Рамзан Къадировас. ГурхIунищха телел гьезул квердаса эмен хварав чияс?

ТIурарал тухумал рукъзазда цIаги гъун гочинаруна Чачаналдааса гIагарлъиялъ гьарурал такъсиразухъ. Чачаналда бачIана хутIарал республиказда данде ккун гьоркьоб парахатаб гIумру. Дагъистаналдеги бачIана гьеб 2013 абилеб соналъ респбликаялъул бетIерги хисун федералиял къуватаз криминалиял къокъабазда ва рохьилазда цадахъ кьаби щвезабурабго.

Къокъаб заманалда жанир тIагIана кьагьа-гIанхъиялги, чIвай-хъвеялги, флешкабазул зулмугун бизнесалдаса ва пачалихъалъул хъулухъчагIаздаса "магъало" бакIарулел чагIиги.

КIиябго республикаялда лъуна цересел соназда данде ккун гIодобе биччараб ахIвал-хIал. Рамзаница абуна Чачан республика бугин дунялалда бищунго хIинкъи гьечIеб ва парахатаб бакI абун. Рамазаница абуна Дагъистаналъ ахираб къого соналда жаниб тIоцебе лъагIел банин теракт гьчIогоян.

Амма кIиявго бетIерасул хитIабал дагьал гIедегIун гьарурал рукIин бичIчIана гIемер кватIичIого. Гьел ритIун руго цересел соназул ткъсираздаса хвасар гьабунин абиялъулъ, амма террор лъугIанин абураб хитIаб цIакъ хехго мекъаб букIин чIезабуна иргадулал кьвагьияца.

ТIоцебе гьеб хъатIана Рамзанида. Араб соналъул маялда Грозный бакьулъ унел рукIана рагъал. Грозный бакьулъ цIа гъун бухIана информациялъулгун печаталъул министерство ва чIвана полициялъул хIалтIухъаби. Гьелдего бачIараб иш лъугьана Дагъистаналдаги дагьал масштабазул бугониги.

Рамазан ГIабдулатIиповас "терактал гьечIо" абун бахъилелде Нарын-хъалаялда чIвана туристал ва Джемикенталда живго жинцаго цо чиги кьвагьун посталда хвана полициялъул хIалтIухъаби. Гьалъ сундул бицунеб бугеб? Гьалъ бицунеб буго нилъер бичIчIиялда, гIелмугун гIакълуялда анализ гьабизе кIолареб цойги дунял нилъеда сверухъ.

Гьезул буго жидерго гIумруялъул магIна ва жижедаго лъалеб ахиратгун дин. БатичIони, щайха цониги диналъ ритIухъ гьабулареб чияс живго жинцаго чIвай гьез бегьизабулеб бугеб?

Сон Чачан республикаялда гьабураб теракталъухъ балагьарабго гьеб иш гIакълуялъ кинго къабул гьабуларо. Видеоялда бихьулеб буго живго жинцаго кьвагьизе унев гIолохъанчи битIахъе бульваралда тирулев чи гIадин парахатго унев вуго хвалида данде.

Цо лахIзаталдаса гьесул къаркъала щибаб лага батIа гьабун щущала. Щай? Сундуе гIоло гьес гьабулеб бугеб гьеб вахIшилъи? Бугищ дунялаъул цониги диналъул, гIакълуялдалъун нилъеда бичIчIизабизе кIолеб баян гьеб вахIшилъиялъе? Суалал... суалал...

Гьеб буго сонисеб Чачан республикаялъул хIакъикъат.

Теракт гьечIониги рахIат хвезе гIурал лъугьа-бахъинал руго Дагъистаналдаги. Дербенталда чIвана жиндирго рокъов херав чи, 82 сон барав педагого, цеве вукIарав шагьаралъул мэр Фелик КазиахIмадовасул эмен

XS
SM
MD
LG