МагъчIваялъе рес

ХIизбут Тахриралъул цойги гIахьалчи ккун вуго Москваялда


Москваялда ккун вуго Россиялда экстремистикияблъун рикIкIунеб ХIизб ут-Тахрир абулеб гIуцIиялъул гIахьалчи. Гьесул хиял букIун буго Гиракъалда ва Сириялда унеб бугеб рагъда гIахьаллъизе бокьулел гIадамал ратун, гьел доре щвезаризе.

Гьадин лъазабуна Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьев ккурав чи федералияб цIех-рехалде лъазавун вукIана цеве. Гьанже гъов Татарстаналъул низам цIунулезул кверде кьун вуго.

Терроризмалде данде чIараб Россиялъул Миллияб комитеталъул хIисабалда ХIизб ут-Тахриралъул вакилзабазул бухьенал руго гIемерал улкабазда гьукъараб ва террористикияблъун рикIкIунеб ДАГIШ – абулеб гIуцIигун.

XS
SM
MD
LG