МагъчIваялъе рес

Италиялда 2 афгъанияв ккун вуго


Италия, Бари шагьаралъул порт. Гьенисан гIемерал мигрантал рачIунел руго.
Италия, Бари шагьаралъул порт. Гьенисан гIемерал мигрантал рачIунел руго.

Италияъул полициялъ ккуна Рималда ва Лондоналда терактал хIадур гьарун рукIарал Афгъанистаналъул кIиго чи. Гьадин лъазабуна Би Би Си агентлъиялъ.

23 сон барав ХIаким Насрица ва 29 сон барав Гулистан АхIмадзайица гIумру гьабулеб букIана Бари шагьаралда. Гьезул мобилиял телефоназда ратун рукIана петеразул дармил центразул ва цогидал жамгIиял бакIазул суратал.

Щакъли буго гIемерал улкабазда гьукъараб Исламияб пачалихъилан абулеб террористикияб гIуцIигун гьезул бухьен букIиналда. Полициялъ байбихьана цIех-рех.

XS
SM
MD
LG