МагъчIваялъе рес

Пакистаналъул вукIарав премьерасул вас ватун вуго


 ГIали ХIайдар Гилани
ГIали ХIайдар Гилани

Лъабго соналъ цеве Пенджаб вилаяталда викъарав Пакистаналъул вукIарав премьер-министр Юсуф Рза Гиланил вас ГIали ХIайдар Гилани хвасар гьавун вуго Америкалъул ва Афгъанистаналъул хасал хъулухъаз гьабураб цадахъаб операциялъул хIасилалда.

Пакистаналъул тIадтараз лъазабухъе ГIали ХIайдар Гилани Пакистаналдде витIизе вуго тохтурзабаз гьесул хIал-хIукмуялъул хал-щал гьабун хадусала.

XS
SM
MD
LG