МагъчIваялъе рес

Бергьенлъиялъул къоялъги лъукъулел ракIал


9 маялда 14 сон тIубала Каспийскалда вахIшияб теракт гьабуралдаса. Доб мехалъ гьенив хун вукIана 43 чи.

Бергьенлъиялъул къоялъги лъукъулел ракIал
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:49 0:00
Интернет-мухъ

Лъукъун чIаго хутIарал гIадатиял гIадамазул, гьединго рагъулаб хъулухъ тIубалезул чанго чи гIумруялъго сакъатавлъун хутIана.

9 май Гитлерил фашизмаялда тIад Советияб пачалихъалъ бергьенлъи босараб къолъун гуребги Дагъистаналда гьеб къо хутIана чанго чиясул рекIелъ лъилъулареб ругъун лъураб къолъунги. 14 соналъ цебе 2002 соналъ 9 маялда Каспийскалда, Бергьенлъиялъул къоялъ рагъулаб Парад унеб лахIзаталда ккараб кьвагьиялъ циндаго гIумруялдаса ватIа гьавуна 43 чи.

Рагъулаб форма ретIарал гIадамазда цадахъ аслияб куцалда гьенир къадаралде щвана жеги санаде рахинчIел лъимал. Кьвагьиялъул хIасилалда гIумруялдаса ратIалъарал гIадамал рукIана рагъулаб оркестралъул гIахьалчагIи. Гьез бачунеб бакъаналдеги машгъуллъун цадахъ рачIунел рукIарал гIисинлъималги хвана гьенир.

Гьелдаса нахъе тIокIаб Каспийскалда 9 маялда бергьенлъиялъул къоялъ Парад тIобитIичIо. ГIадамал хIинкъун ругин бицана гьеб къоялъул балагь бералда бихьарай Каспийскалдаса жамгIияй хIаракатчIужу ХIамзатова Лейлаца ва гьеб хIинкъи гьезул ракIазулъа бачахъун инчIин 14 сон аниги.

Кин бугониги гьанжеялдаса анлъго соналъ цебеги Парад тIобитIизе хIалбихьидал нахъойги кканин балагьилан абуна гьелъ. Шагьаралъул Ленинил цIаралда бугеб къотIноб, рагъулаб хъулухъ тIубазабулел гIадамал жанир гIумру гьабун ругеб минаялда аскIоб батараб щакаб къвачIаялъул хал гьабулаго гьебги кьвагьун хвана цо кьвагьул алатал ралагьулеб хъулухъалъул хIалтIухъан.

2002 соналъ 9 маялда рукIарал лъугьа-бахъиназдаса чанги жо ракIалде щвезабизе бегьулин абуна Лейла ХIамзатовалъ.

Лейла ХIамзатова: «Гьеб балагьалъ нахъе тараб ирсалъул бицине бокьун буго дие. Доб къоялъ лъукъел ккун чIаго хутIарал лъимал гьанже гIолохъаби гIун руго, амма рохизе жо гьезул гIемераб гьечIо. Мисалалъе дида лъала цо вас доб къоялъ кьвагьун бачIараб жоялъул тIири бадиб щун цояб бер беццлъарав. Гьанже гьев гIумруялъего сакъатавлъун хутIана. Вугев цIодорав, ярагьунев вас щиб гьев, чанго бакIалде хIалтIизе байбихьун буго, амма сахлъи лъикIаб гьечIолъиялъ данде билъунеб гьечIо гьесда щибниги.

Гьединго дида цадахъ «Трудовой Каспийск» газеталда хIалтIулей йикIарай гьалмагъалъул эбелги хвана доб къоялъ гьений. Дир гьалмагъалъул ясалъул кверги ккун йикIарай гьелда чохьолъ щун буго кьвагьараб жоялъул кесек.

Унтул гIассилъиялъ гIодой кIусун арай гьелде лъицаниги кIвар кьун гьечIо, киналго гIодилей, чIичIидилей йигей ясалде руссун руго. Гьей хвасар гьаюн хадур гурони рекIеда ратун гьечIо кIодоэбелаллде, амма гьей гьадаб гIодой йикIараб бакIалдаго хун ятун йиго».

9 май такъсирчагIаз ургъунго тIасабищанин вахIшияб теракт гьабизеян абуна Лейла ХIамзатовалъ хадубги. Тарихалда бищунго гIассияб, дунялалъулго гIащтIичагIазда Советияб халкъалъ босараб бергьенлъи кIодо гьабулеб къоялъ, киналго гIадамал байрмалде машгъуллъун рукIаго рагIалде бахъинабун гьещ жидерго кутакалда вахIшияб къасд.

КIиго соналдаса 2004 соналъ Грозныялда 9 май кIодо гьабулеб мехалъги гьабуна цоги теракт. Доб мехалъ чIвана Чачан республикаялъул нухмалъулев АхIмат-хIажи Къадиров.

12 соналдаса, 2016 соналъул 9 маялда Грознылъул полициялъул минаялда аскIоб гьабураб теракталъул хIасилалда хвана цо полициялъул хIалтIухъан. Радал сагIат 6:30 бащдаб хIалтIарабго кIиго изну гьечIого яргъидгIуцIарав вачIун вуго жанире къватIире гIадамал риччалеб бакIалде. ТакъсирчагIазул цояс живго жинцаго кьвагьизавун вуго ва цадахъ Башкириялдаса Грозныялде витIун вачIарав цо полициялъул хIалтIухъан хун вуго.

Гьединго исана 9 маялда Дербенталда чIван цеве шагьаралъул вукIарав нухмалъулев ГъазиахIмадов Феликсил 82 сон барав эмен ГъазиахIамадов ХIажиахIамадги. Гьев чIван вуго жиндирго минаялъул азбаралда жанив. ЧIваялъе щиб гIилла букIарабали жеги къватIибе лъалеб баян гьечIо.

XS
SM
MD
LG