МагъчIваялъе рес

Польшаялда инжит гьаруларо советиял рагъухъабазул хабзалал


Польшаялда гIадамаз чIагоял тIугьдул лъолел руго советиял солдатазул хабалазда. Масала, Варшаваялда 19, 2 гектаралда вукъун вуго аслияб куцалда Белоруссиялъул тIоцебесеб фронталъул 21 468 рагъухъан. Рагъ лъугIун хадур гьеб бакIалде росун руго заманаялъ дора-гьанир рукъарал солдатазул жаназаби.

Россиялда гIемер бицуна Польшаялда советиял рагъухъабазул хобал хIакъир гьарулел ругилан. Амма къанагIатги баян гьабуларо рагъулал хабзалазул хIакъалъулъ 1994 соналда Россиялъгун Польшаялъ гьабураб къотIи-къаялда щибилан абулеб бугебали. Гьединал, своетиял солдатал рукъарал, хабзал абун Польшаялда 1875 буго. Гьел киназдаго хадуб халккун буго пачалихъалъ, гьел къачIазе гIарацги улкаялъул бюджеталдасан биччала. Гьел чIунтиялъул яги инжит гьариялъул гIаламаталги халлъулел гьечIо.

XS
SM
MD
LG