МагъчIваялъе рес

Савченкоца кьуна Россиялъул диваналъ тIад лъураб 30 азарго гъурщил гIакIа


Жийго Украинаялде йитIизе къваригIиналъ, пилот Надежда Савченкоца бецIун буго Россиялъул диваналъ гьелда тIад къотIараб 30 азарго гъурщил гIакIа. Амма байбихьуда къануналда данде кколаредухъ гIорхъи бахиналда бан диваналъ гьелдаса гIакIа тIалаб гьабизе лъугьиндал, жинца Россиялъул гIорхъи бахинчIилан, пилоталъ инкар гьабулеб букIана гIарац кьезе.

Савченкол рагIабазда рекъон, жиндиеги бокьичIого зулмуялдалъун ячун йиго гьей Россиялде. Украинаялдаса пилот Надежда Савченкода тIад чIезабураб аслияб гIайиб ккола Россиялъул журналистал чIваялъулъ гьелъул гIахьаллъи букIин.

КIиябго улкаялъул нухмалъулезул къотIи-къай ккана Савченко Россиялъул туснахъалдаса Украинаялъул туснахъалде йитIизе. Амма гьеб суал жеги рагIалде бахъун гьечIо

XS
SM
MD
LG