МагъчIваялъе рес

Сириялда гIумруялдаса ватIалъана 28 чи


Сириялъул шималияб рахъалда щвезарурал авиакьабиял рикIкIине бегьула рагъулаб такъсирлъун. Гьедин лъазабун буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул нухмалъулев хисулев Стивен О’Брайеница.

Оппозициялъул халкквеялда гъоркь бугеб Идлиб провинциялда жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул Камуна абулеб мархьиялда щвезабураб авиакьабиялъул къурбанлъун лъугьун вуго бищун дагь босун 28 чи. Гьездаго гъорлъ рагIула руччабиги лъималги. 50-ялдасаги цIикIкIун чи лъукъунги вугила. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго Лондоналда рагьараб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIуниялъул гIуцIиялъ. Лъица гьеб кьаби щвезабурабали, гьанжеги мухIканго лъалеб гьечIо. Гьеб бидулаб хIужаялъул щвалде-щвараб цIех-рех тIобитIеян ахIи балеб буго О’Брайеница.

XS
SM
MD
LG