МагъчIваялъе рес

Навальныяс тIаса лъугьин гьарана


Рищиязда цере Демократиялъул коалициялъул мурадал гIумруялде рахъинчIолъиялда бан гьеб коалициялда гъорлъе унеб букIараб «Прогрессалъул партиялъул» нухмалъулев Алексей Навальныяс тIаса лъугьин гьарана жидер рахъкколел гIадамазда.

Гьес жиндирго блогалда хъвана жинца гьезие рагIи кьун букIанин партиялда хурхараб пуланаб хъулухъ тIад къазе чагIи праймеризалъул кумекалдалъун тIаса рищилин, жидеда гьоркьоб ккараб бокьараб дагIбаги гIадамаз цереккунго кьурал гьаркьаздалъун ракълиде бачинин, кандидаталги къуватаздаса къуватал рищизе ругилан.

Гьеб киналъулго гIайиб ПАРНАС партиялъул нухмалъулев Михаил Касьяновасда бугин рикIкIунеб буго Навальныяс.

XS
SM
MD
LG