МагъчIваялъе рес

Молдавиялъул коммунистал рази гьечIо америкаялъулаздаса


9 маялда Кишиневалда Бергьенлъиялъул къо кIодо гьабиялъулъ гIахьаллъизе вуго Америкаялъул 200 рагъухъанги. Амма гьелдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабуна Россиялъул рахъккурал Молдавиялъул политиказ.
Масала, нужер рагъухъабигун цадахъ Кишиневалда парад тIобитIани, ахIвал-хIал хIалуцине рес бугилан ахIи бана коммунистазул цевехъан Владимир Ворониница Молдавиялда вугев Америкаялъул официалияв вакил Джеймс Петиде. Гьесги жаваб кьуна цо-цо чагIазда кIочон тун бугин нацистазул Германиялда кьаби щвезабулеб бакIалда гьоркьоб Америкаги букIараблъи.

XS
SM
MD
LG