МагъчIваялъе рес

Украиналда кIигогIан нухалъ цIикIкIунеб буго хинлъиялъул багьа


Украиналъул энергетикаялъулгун коммуниалияб хъулухъ гьабиялъул сфераялда пачалихъалъул политика хIалтIизабиялъул комиссиялъ лъазабуна 1 июлалдаса хинлъиялъухъ кьолеб мухь 75-90 проценталъ цIикIкIинабулеб букIиналъул хIакъалъулъ.

«Украинаска правда» газетаялъ гьеб гали хурхинабулеб буго газихъ багьа тIаде унеб букIиналда.

Гьелдаго цадахъ гьеб комиссиялъ лъазабулеб буго, жидеца гьоркьоб лъолеб бугин газалъул бакIалда турччи хIалтIизабиялъул къагIидаялда перспективалда гьеб тариф гIодобе ккезабиялъул суалгийин.

XS
SM
MD
LG