МагъчIваялъе рес

Туркиялъул премьер-министр нахъе лъугьунев вуго хъулухъалдаса


АхIмат Давутоглуца хамиз къоялда лъазабуна, жив нахъе унев вугин премьер-министрасул хъулухъалдаса ва нухмалъиялда бугеб РитIухълъиялъулгун цебетIеялъул партиялъул лидерасул посталдаса.

Партиялъул цIияв лидерасул рищиял тIоритIизе руго 22 маялда иргадулаб гуреб съездалда. Давудоглул рагIабазда, гьес жиндирго кандидатура лъезе гьечIо партиялъул лидерасул рищиязда ва жиндирго хIалтIи халат бахъинабизе буго гьеб партиялдаса парламенталъул депутат хIисабалда.

Ахирисеб заманалда Давут Оглудаги Туркиялъулд президент Реджеп Эрдоганидаги гьоркьоб загьирлъулеб букIана рагIи рекъонгутIи цо-цо суалазда хурхун, мисалалъе курдазул яргъид гIуцIарал къокъабазул кIалъа-басаял тIоритIиялъул суалада хурхун.

XS
SM
MD
LG