МагъчIваялъе рес

Москваялъул диваналъ къабул гьабуна Навальныясул гIарза


Москваялъул Савеловский мухъалъул диваналъ къабул гьабуна «Эффект Браудера» абураб фильмалъул автор Евгений Поповас ва журналист Дмитрий Киселевас жиндир къадруги къиматги хвезабиялда хурхун Алексей Навальныясул гIарза. Гьелъул хIакъалъулъ жиндирго блогалда лъазабуна живго оппозициялъулас. КIиябго рахъалъул вакильзаби диваналда дандчIвазе кколел руго 19 маялда.

29 маялда диваналъ инкар гьабун букIана Навальныясул гIарза къабул гьабизе, гьелда гьесул ихтияралги, эркенлъабиги хвезабулеб куц бихьизабун гьечIинги абун. Гьанже политикас диваналда битIана хисизабураб гIарза.

Оппозициялъулас ВГТРКялдаса, Киселевасдаса ва Поповасдаса тIалаб гьабулеб буго «Эффект Браудера» фильмалда бицунхъе, жив къватIисел улкабазул хасал хъулухъазул тIадкъаял тIуразарулев вукIиналъе далилал рачин. Гьединабго тIалабгун Навальныяс хитIаб гьабуна ФСБялдеги.

XS
SM
MD
LG