МагъчIваялъе рес

Шималияб Корея хIадурлъулеб буго партиялъул съездалде


Шималияб Кореялъул нухмалъиялъ жиндирго гражданазе гьукъун руго бертаби, хварал рукъиялъул ва цогидал гIемер гIадамал гIахьаллъулел церемониябиги байрамалги.

Жанубияб Кореялъул вакилзабазул лъазабиязда рекъон, гьеб хурхараб рагIула Кореялъул захIматалъул партиялъул анкьабилеб съездалда цере тIоритIулел хIинкъигьечIолъиялъул режималъул тадбиразда.

Yonhap абураб информагентлъиялъул баяназда рекъон, съездалде хIадурлъи унеб букIиналда бан, дагьлъизабун буго Пхеньяналде рачIунезул къадар. ГIорхъаби чIезарун руго улкаялда жаниб хьвадиялъеги. ТIадеги щулалъизарун руго Китаялъулгун гIорхъаби.

Съезд байбихьулеб буго 6 маялда. Гьеб букIине буго ахирисеб 36 соналда жаниб Кореялъул захIматалъул партиялъул тIоцебесеб съезд. Гьелда гьоркьор лъезе руго улкаялъул жанисеб ва къватIисеб политикаялъул суалал.

XS
SM
MD
LG